ТIиндиб -пайдаяб семинар.

14.02.2019

            ТIиндиб  -пайдаяб семинар.

 

14 февралалъ  ТIинди школалда тIобитIана районалъул байбихьул школалда хIалтIулел мугIалимзабазул семинар. Семинаралда гIахьаллъи гьабуна киналго районалъул  школаздаса 30 мугIалимас.                                                                                                                                                                  Семинаралъул байбихьуда рагьарал дарсал кьуна ва жодор бугел махщел бихьизабуна ТIинди школалъул байбихьул классазул мугIалимзаби З. МухIамадовалъ, X. ГIалимухIамадовалъ, Маймунат ва Мадина ХIажиеваз.                                                                                                                                                       Хадуб байбихьана семинаралъул хIалтIи. Гьеб хIалтIи нухда бачана районалъул управлениялъул методистал Ш. АхIмадовас ва Х. Камиловалъ.                                                                                             Ш.АхIмадовас жиндирго цеберагIиялда  къокъго бицана байбихьул школазул мугIалимзабазул хIалтIи лъикIлъизабизе ккани къваригIунел шартIазул ва мугIалимзабазда цере чIварал масъалабазул.                                                                                                                                                          Семинаралда цIакъ лъикIал гъваридаб магIнаялъул  докладал гьаруна Агъвали К. Абакаровасул цIаралда бугеб гимназиялъул байбихьул классазул мугIалимзаби К. Муртазаг1алиевалъ, П. Кадиловалъ ва ТIадгьаквари школалъул мугIалим, байбихьул  классазул мугIалимзабазул ассоциациялъул  бетIер C. Абдулхаковалъ.                                                                                                                                         Семинаралъул хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна  гIахьаллъараз ва баркала кьуна ТIинди школалъул нухмалъулезе. Семинаралда рачIаразе жодор киназулго баркала  загьир гьабуна ТIинди школалъул директорасул  заместитель М. МуртазагIалиевас. Гьес жиндир кIалъай лъугIизабуна гьал хадур рехсарал кочIол мухъаздалъун.

 

ГIагараб школалде  махщел камил гьабизе

Киналго рачун щварай Хадижатий баркала

Нижер мугIалимзабаз  гьунар  бихьизабуна

Нижерго хIалтIул махщел  нужееги рагьана  .

 

Киналго нуж разиго къабул гьаруна гьанир

Нижер бугеб хIалтIиги бихьизабуна нужой

Цояз камилго дарсал хIадурун кьуна гьанир

Цогидаз лъималазе  кьуна  тарбия  берцин.

 Хочу такой сайт

Нуж разиго рукъоре  ритIизе  яхI  бахъана

Гьабураб хъулухъалда гIайиб чIваге, гьарула

Школазде щваралго, бице нижер бугеб хIал

Босизе лъикIаб мисал, кIочон тоге, гьарула.

 

БахIсалда гIахьаллъарал киназего баркала

Нижер лъарал гъалатIал ритIизарила хехго

Нужое къо – мех лъикIин гьарула  кинацаго

Нух битIун рокъор щваян гьарула  алагьасда.

МухIамад  МуртазагIалиев-ТIинди школалъул завуч.

Просмотров всего: , сегодня:

Рейтинг: . Оценили: .

Дата создания: 20.02.2019

Дата обновления: 20.02.2019

Дата публикации: 14.02.2019

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.12.2023.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону 89634288840

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».